Пропавший в Грозном волгоградец мог погибнуть во время кампании против геев
Кремлалъул дандияз ва Магърибалъул официалиял хъулухъчагIаз Россиялъул Президентасде чIечIого гIунтIизабулеб буго гьес жиндир хъулухъ жиндирго пайдаялъе хIалтIизабиялъул гIайиб.
Нартил багьа гIодобе кколеб букIиналъ ва санкциял гьарун рукIиналъ гIодобе бортулеб буго гъурщил багьа. Амма абизе бегьула гьеб гьелъие цIияб жо гурин ва гъурщие стрессал цереги ккун рукIанин.
Украиналъул парламенталъул рищиязда цебесеб къоялъ хакеразда бажарун буго Киевалъул къватIазда ругел чIахIиял экранал жидерго контролалде гъоркье росун, гьезда сепаратистазде данде Украиналъул рагъулаз операция тIобитIулел территориязда гражданияб халкъалда хурхун вахIшилъи бугин абураб магIнаялъул суратал рихьизаризе.
КIиго гражданлъи букIиналъул балъголъи гьабиялъе гIоло тамихI гьабиялда хурхараб Россиялъул цIияб къануналъ раккизарулел руго гIемер суалал ва хIинкъиял. КъватIисел улкабазда гIумру гьабун ругел Россиялъул гражданазда гьеб къанун хъвалеб гьечIин абулеб буго цояз. Гьелда абизегIанго божулел гьечIо цогидал.