Владимир Путиница жиндир хъулухъ жиндирго пайдаялъе хIалтIизабун, гIемераб боцIул бетIергьанлъун вахъанин. Гьесул бечедаб мал-мулкалъе унго-унгояб багьа тIад чIезабизе захIмат буго, ян абулеб буго гIемерал экспертаз. Мисалалъе – ЧIегIер ралъдал рагIаллъиялда бараб хIисаб лъалареб «Путинил кIалгIаялъе».
Узухъда, официалиял баяназда рекъон гьедегIан бицатаб чванта гьечIо Путинил. 15 апрелалда Кремлалъ тIибитIизабураб информациялда рекъон 2015 соналда Россиялъул президентасухъе щвараб харж 8,9 миллион гурщиде бахана. Гъоркьиса гьесие щун букIанила 7,6 миллион гъурущ.
Амма гъоб официалияб информациялда рехсон гьечIо Геленджикалда бараб кIалгIа. Гьелъул бакIалда декларациялда рехсон буго 77 квадратияб метр бугеб рукъ, 1500 квадратияб метр бугеб ракьул бутIа ва 18 квадратияб метр бугеб гараж.
Щибниги абун гьечIо багьаял иномарказул хIакъалъулъ, амма «Лада» ва «Нива» абурал автомобилал кIочон тун гьечIо. 2012 соналда оппозиционияв политик Борис Немцовас хIадур гьабураб докладалда рекъон Владимир Путин ккола ункъго яхтаялъул бетIергьан.
Оффшоралъул финансиял операциязул хIакъикъат баянлъараб мехалда журналистаз нахъеги кIвар буссинабуна Путинил ва гьесул чукъадул боцIуде. Журналистаз цIех-рех гьабуна Панамаялъул кагътазул ва тIатинабуна гьадинаб хIужа: Путинил гIагарав гьудул виолончелист Сергей Ролдугин цIаралда гъоркь регистрация гьабурал фирмабаздаса гIага-шагарго кIиго миллиард доллар хIалтIизабун букIараблъи.
Путинил цIар гьениб батулеб гьечIо, амма Кремль какулезул хIисабалда Россиялъул президентасул хурхен букIун батила гьаб гIарцIуда. Кремлалъийн гьеб нахъ чIвалеб буго.
Америкалъул Цолъарал Штатазул финансабазул министерлъиялъул баяналда рекъон Путиница инвестицияби гьаруна Gunvor абулеб компаниялъе. Гьелъул хважаинлъун цеве вукIун вуго Россиялъул миллиардер, президентасул партнер Геннадий Тимченко. Гьеб хIужаги Кремлалъ нахъ чIвалеб буго.
Бицен унеб буго Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковасул хIаржалъулги. 2015 соналъудл декларациялда рекъон гьесие щвараб харжалъул къадар чанги нуъалъ цIикIкIараб буго живго Владимир Путиние щвараб харжалдаса. 2015 соналда Песковас босараб мухь 36,7 миллион гурщиде бахана.
Масала 600 000 долларалъул багьа бугел гьесул сагIтал гIадахъ росани, абизе бегьула гьадинал декларациязда божилъи гьечIо, ян абулеб буго экспертаз.
Живго Песковас гьелда бан абуна, гьел сагIтал жиндие сайгъат гьабунин жиндир лъади, Олимпиялъул чемпион Татьяна Навкаца. Навкал декларациялъийн бихьизабулеб буго гьелъие 89 миллион гъурущ гурони, тIокIаб харж щвечин гъоркьисала.
Гьаб анкьида Forbes журналалъул гIурус версиялда загьрабун буго информация – Владимир Путинил гьудул Николай Шамаловасул вас 34 сон барав Кирилл Шаманов вахъана Россиялда вищун гIолохъанав миллиардерлдъун.
Гьев Кирилл кколин Владимир Путинил яслъун рикIкIуней Катерина Тихоновалъул рослъун. Гьадин лъазабуна 2015 соналъул декабрь моцIалда Bloomberg ва Reuters агентлъабаз.
Twitterалда батараб:
"Путин в 2015 заработал $133 тыс. Ему нужно 17.000 лет, чтобы заработать столько, сколько в подземных переходах наиграл виолончелист Ролдугин"
— Гурьянов Сергей (@Segozavr) April 15, 2016