Ссылки для упрощенного доступа

Бугищ рес Дагъистанги Чачан республикаги цолъизе? 


Россиялъул Федералияб Мажлисалъ хIадурун буго регионалияб политика цIигьабиялда хурхараб хасаб документ. ГьабсагIатлда гьелъул хал гьабулеб буго Россиялъул ХIукуматалда, президентасул администрациязда ва киналго регионазда.

Бугищ рес Дагъистанги Чачан республикаги цолъизе?
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:05:00 0:00
Загрузить файл

Экспертазул пикруялда рекъон, гьеб документалда рекъон регионал кIодо гьаризе рес буго чангояб данде гьабун. Бугищ Кавказалда гьеб гьабизе рес, регионал цолъизари лъикIищ ялъуни квешищ, Дагъистан щиб регионгун данде гьабизе бегьулеб ва ругищ гьелъие политикиял ва экономикиял шартIал?

Россиялъул регионал цIакъго гIемер руго ва гьел данде гьаризе кколилан рикIкIунеб буго цебегоялдаса нахъе. Мисалалъе, 90-лел соназда Россиялда букIана 89 регион. Хадуб чангояб данде гьабун 80 регион хутIана. Крым Россиягун цолъун хадуб регионазул къадар 82-ялде бахъана. ТIаде бачIана республика Крым ва федералияб даражаялъул шагьар Севастополь.

Регионал гIемер ругеб мехалъ улкаялъе нухмалъи гьабизе цIакъго захIмат буго, гьелъ гьабулеб буго гьел кIодо гьариялъул хIалтIи. Нухмалъиялъул даража борхизабиялъе гIоло гьабун букIана Федералиял округал гIуцIиялъул реформагияни хъвалеб буго «Московский Комсомолец» газеталъ.

Гьаб нухалда Федералияб мажлисалъ ургъараб документалда бицунеб буго «экономикиял макрорегионал» гIуцIизе кколин. Амма «МКялъул» баяназда рекъон, гьелда хадуб букIине бегьула унго-унгояб, политикияб цолъиги. Цебего гIадин чанго регион данде гьабизе бегьула.

Кинха гьеб хIалтIи гьабизе рес бугеб ва кин гьабизе бегьулеб Шималияб Кавказлда? ХIадур ругищ, мисалалъе, Чачан республикагун Дагъистан цолъизе? Цо регион гIуцIизе хIадур ратичIони, документалда хъвавухъе «экономикияб макрорегион» гIуцIизе кIолищ? Гьединал суалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ экспертазе.

Экономист, Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Камиль Ландаца рикIкIунеб буго, регионал цолъизаризе ккани гьелъие экономикиял шартIал рукIине кколин тIоцебесеб иргаялда ва гьелдаса хадуб гурони политикияб цолъиялъул бицине бегьуларин. ТIоцебесеб иргаялда Шималияб Кавказалда.

Камиль Ланда: «2016 сон Дагъистаналда лъазабун бугелъул МугIрузул сонлъун. Гьелда рекъон мугIрузда гIуцIизе ккола хасал экономикиял зонаби, бизнес цебетIезабиялъе шартIал. Республикаялъ федералияб централда цере лъолел суалазул цояб буго Дагъистаналда хасаб экономикияб зона гIуцIи.

Гьелъул магIна ккола гьаниб бизнес гьабизе хасал шартIал гIуцIи. Щай гьел шартIал Сибиралда ялъуни цоги регионазда гьаризе бегьулел, гьанир бегьуларел. Гьеле гьеб буго унго-унгояб регионалияб политика. Кавказалда буго гIемер халкъ, гьаниб хIалтIи гьечIо гIадамазе, бизнесалъе квал-квал гьабулеб буго.

Гьанже политикияб цолъи букIине рес бугищ абун цIехани, дун гьелда божуларо. Кин данде гьабилеб Дагъистангун Чачан республика? Политикияб цолъи букIине ккани гьелъие данде кколел экономикиял шартIал къваригIуна. Гьел гьечIо гьабсагIаталда.

Экономика буго нахъеккараб. Федералияб централъ кигIан кIвар бугеб масъала цебе лъуниги, бакIалъулал хIакимзабаз гьеб хвезабулеб буго. Регионалияв хIакимасул тIокIаб масъала гьечIо жиндие гьелдаса хайир балагьи гурони. Регионал данде гьариялъе шартIал дида гьабсагIаталда рихьулел гьечIо».

Цоги экономист, «Кавказская политика» порталалъул журналист Николай Проценкол пикруялда рекъон, регионал цолъизари Кавказалда гуреб цоги регионалдаги буго цIакъго ургъун гьабизе кколеб хIалтIи. Хасго Кавказалда гIагараб заманалда регионал цолъизаризе бегьулароян бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Николай Проценко: «Цо-цояз рикIкIуна, регионал данде гьарулаго къуватаб регионалде загIипаб регион данде гьабуни гьезул экономика рукIалиде ккелин ва гIадамазул гIумру лъикIлъизе бугин. Гьеб мекъаб пикру буго.

ЗагIипаб регионалъе кьолеб гIарац добго хIалалъ хутIизе буго, амма гьелдаса квеш букIине буго гIицIго гьебгун данде гьабураб цебетIураб регионалъе. Ай, централъ хьихьизе ккезе гьечIо загIипаб регион, гьеб цоги цебетIураб регионалда тIаде тIамун тезе буго.

Гьединлъидал, церетIурал регионал гьелда тIадрекъезе гьечIо. Кавказалда абуни, гьеб къагIида тIубанго данде кколаро, щайгурелъул щибаб регионалъул руго лъугьун рахъарал элитаби, ва гьел цо кинабалиго макрорегионалда данделъизе руго абураб жо дида цебетIамизе кIоларо. Гьелдаса букIине буго ялъуни киналго цоцалъ рагъи, ялъуни кIудияб ришватчилъи».

Николай Проценкоца рикIкIунеб буго, гьел элитабаз гIарац кьезе бугин цIигIуцIараб регионалда жидерго асар хутIизе ва гьел цоцалъ къеркьей гуреб, ришватчилъиги цIикIкIине бугин.

Россиялъул регионазда гьоркьоб бугеб экономикияб цебетIеялъул батIалъи дагь гьабулеб буго федералияб централъ. Амма гьелъие гIоло нахъе ккарал регионал церетIезаризе ккола, церетIурал нахъе цIачIого абун рикIкIунеб буго Гражданияб жамгIият цебетIеялъул фондалъул нухмалъулев Константин Костиница «Коммерсант» газеталъе кьолеб баяналда.

XS
SM
MD
LG