Ссылки для упрощенного доступа

"Агора": Нилъеда хадуб хал ккун буго...


«Россия хал гьабиялда гъоркь» абураб доклад бахъана итни къоялда «Агора» абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ. Гьелъул автораз анализ гьабулеб буго политикиял багьанабаздалъун 2007 соналдаса жакъаялде щвезегIан инсанасул ихтиярал цIунулезда ва жамгIиял хIаракатчагIазда хадуб хал кквеялъул хIужабазул.

Докладалъул авторал «Агора»’ялъул юристал Дамир Гайнутдиновас ва Павел Чиковас рикIкIунеб буго, жакъа Россиялъул цогIаги гражданасул багьана гьечIин жиндие хIинкъи гьечIин рикIкIинейин.

Жидерго цIех-рехалъул кьучIое гьез росун руго информалатазул ва батIи-батIиял сурсатаздаса, мисалалъе, Россиялъул Федерациялъул ТIадегIанаб диваналъул департаменталъул гIадал, рагьарал сурсатаздаса информация.

Докладалда гIуралъ мухIканго бицунеб буго хал кквеялъе хIалтIизарулел къагIидабазул. Гьезда гъорлъ рагIула телефоналдасан кIалъалезухъ гIенекки, социалиял интеренет-сурсатазда эккаунтал рагьун информация бикъи, видео-аудиохалкквей ва потенциалиял экстремистазул цIараздаса гIуцIараб «Сторожевой контроль» абураб Жанисел ишазул министерлъиялъул базаялдаса пайда боси.

Авторазул хIисабалда халкквеялъул бищунго гIемер хIужаби рукIун руго 2014 соналда. Гьелъие гIиллалъун экспертаз рехсолеб буго Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадуб Крымалъул татаразул кIудияб къадар ккун хадуб баккараб къварагIел.

«Агора»’ялъул юристаз рикIкIунеб буго, ахирисеб ичIго сонида жаниб Россиялъул халкъалъул минимум анлъго проценталда хадуб хал ккун букIанин пачалихъалъул структурабазул хIалтIухъабазин. ЦIех-рехх гьабураб тIолабго заманалда жаниб жибго инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ баянлъизабун буго гьединаб 352 хIужжа.

Щай экспертаз хIукму гьабун бугеб россиялъулазда хадуб халкквеялъул къагIидаби лъазаризе ва бугищ гьелдаса ворчIизе ресали ЭРадиоялъе бицана гьеб гIуцIиялъул юрист Дамир Гайнутдиновас.

Дамир Гайнутдинов: «Нижеца чанго соналъ хал ккун буго интернеталъул эркенлъи къинабулеб куцалда хадуб ва санайилго гьелда хурхарал докладалги рахъула.

Мониторинг тIобитIулеб мехалда, баянлъулел рукIана активистазул почта рагьиялъул яги социалиял интернет-сурсатазда пуланал адвокатазул эккаунтал рагьун, гьениб букIараб информация интернеталда лъеялъул яги пуланал акциязде хIадурлъулел жамгIиял хIаракатчагIи кквеялъул хIужаби.

Нижеца гьединаб информация данде бакIарулеб букIана. Гьелъул кIудияб интерес баккана ва нижеца хIалбихьана гьединаб хIакъикъаталъул масштабалъе къимат кьезе. Нижеца гьеб темаялъул макъалабиги къваригIараб информацияги цадахъго бакIарулеб букIана. Гьедин нижее баянлъана, гьеб кIудияб проблема букIин ва гьеб гIуралъ гIадатияб практика букIин».

Гайнудиновас абулеб буго, халкквеялъул системаялъул механизмал хIалтIизаризе кколел рукIанин такъсирал риччангутIиялъеги гьел рагьиялъегийин. Амма Россиялда гьанже тIадеялдаса тIаде гьел хIалтIизарулел ругин политикиялги гражданиялги хIаракатчагIазде, инсанасул ихтиярал цIунулезде, журналистазде ва тIалъиялъ жидерго оппоненталлъун рикIкIунел гIадатиял гIадамазде дандейин.

Дамир Гайнутдинов: «Гьенир хIалтIизарулел руго оперативияб ралагьиялъул хIакъалъулъ къануналда рихьизарурал механизмал, гьай-гьай, федералиял каналазда рихьизарурал фейкалги, ай, гьерсалги тIаде журан.

Нижеда ракIаризе бажарарал хIужжабазда гъорлъ бищунго тIибитIараб къагида буго ДНКаялъул анализ гьабиялъе материалал ракIари. Гьел къагIидаби гIемер хIалтIизарулел рукIун руго 2014 соналда Крымалда, Крымалъул татаразул нус-нус чи ккун хадуб. ХIал гьабун гьел тIамулел рукIун руго килщазул лъалкIал кьезе ва суратал рахъизе.

Гьединалго къагIидаби хIалтIизарун руго Дагъистаналдаги, хасал хъулухъалъул хIалтIухъаби «рохьилалин» абулезул гIагаразулгун «хIалтIи» гьабулеб мехалда. Цингиги, лъалеб жо ккола протесталъул акциязда ккурал гIадамалги щвезарула полициялде, гьенир гьезул суратал рахъула ва гьезул килщазул лъалкIал рахъула».

Кин гражданас живго цIунизе кколев гьединал ишаздаса? Гьеб суалалъе жаваб кьезе цIакъ захIматаб масъала бугин, рикIкIунеб буго Гайнутдиновас.

Дамир Гайнутдинов: «Пачалихъ жиндирго киналго сурсаталгун тIаде лъугьунеб бугеб мехалда, гражданасе цIакъ захIматго букIуна живго цIунизе. Амма лъазе ккола, гьелъул кинабго къуват криминалияб хIаракатчилъиялда гъорлъ гIахьаллъи гьечIел гIадамазде данде хIалтIизабулеб букIин. Гьезда хадуб, такъсирчагIазда гIадин, хал кколеб буго. Пачалихъалъ киналго жиндирго технологиязул бергьенлъиял гьезде данде хIалтIизарулел руго. Гьелдаса жалго цIунизе цIакъ захIматаб масъала ккола».

ЭР. - Кинаб бугеб нужер докладалъул аслияб магIна?

Дамир Гайнутдинов: «Россиялъул цо хутIичIого гражданасе хIинкъи буго. Байбихьудаго такъсирлъилъиялде данде къеркьеялъе хIадур гьарурал киналго ресал хIалтIизарулел руго гражданиял хIаракатчагIазде данде. Крымалъул татаразда хурхараб историялъ бихьизабулеб буго, гьел киналго механизмал гIадатиял гражданазде дандеги хIалтIизаризе рес букIин. Гьеб ракIалда букине ккола кидаго».

XS
SM
MD
LG